Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Щив витIарав вугев?

 

ГIагарав чиясе гIарац кьезе ккола дица. Дагь-дагьккун бецIизе ният букIана, амма гьес гьедин босулеб букIинчIо дие гьеб хIажатаб бугинги абун. Дагьалъ цебе дие бачIунеб гIарцул къадарги лъан, гьесда квеш бихьана ва кинабго гIарац цадахъго нахъе тIалаб гьабуна. Нижер щив витIарав вугев?

 

Гъамбулат, Хасавюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Налъиялда бараб суал букIиналъ Аварагасул ﷺ кьучIаб хIадис рехселин: «Сах-саламалъиялда рукIаго нужедего тIаде хIинкъи цIаге». АсхIабзабаз гьикъидал гьеб щиб хIакъийилан абун, хирияс ﷺ абуна: «Дие абизе бокьун бугеб жо налъи буго», - ян. (АхIмад)

Жиндир аслуялда налъуда гIарац боси бегьулел пишабаздасан ккола ва кьолесеги кIудияб даража гьелъухъ щола. ХIадисалда буго: «Диналъул вацасдаса кинаб бугониги къварилъи нахъе босарасул Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъ цо къварилъи борхула. ЗахIматаб ишалде ккарасдаса гьеб борхарасул ТIадегIанав Аллагьас ﷻ дунял-ахираталъе бигьалъи гьабула», - ян. (Муслим)

ЦIакъго захIмалъиялде ккун гурони налъуда гIарац босизеги беццараб гьечIо. Амма жакъа чIалгIадего, нахъбуссинабизе ният гьечIого босулелги камуларо. Налъи бецIиялъул иш, щибго къварилъи гьечIого, нахъбахъи мунагьалдасан ккола. Налъи тIаса-масаго толезда хурхун, хIинкъи кьун, гIемерал хIадисал руго. Аварагас ﷺ абуна: «БецIизе ниятги гьечIого налъи босарав чи Къиямасеб къоялъ Аллагьасда ﷻ цеве чIола цIогьорлъун», - ян. (ибн Мажагь)

Гьединлъидал рес букIаго гьудуласухъе налъи нахъбуссинабизе ккола дуца. Хирияв Аварагасги ﷺ абун буго: «БецIизе ниятгун налъи босарасе Аллагьас ﷻ гьеб бецIизе кумек гьабула», - ян.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги.

 

Психологасул жаваб

Гьеб ишалъулъ гIайибияв валагьизе лъугьине бегьуларо. Гьелъ нужер кIиязулго гьоркьоблъиги хвезабула. Авалалдасан гьудулас цадахъго бецIизе теян абиялъ дуца тасамахIлъи гьабун бихьула гьеб налъи бецIизе кватIизабиялдалъун. Гьанже ургъизе ккела, хехаб заманалда налъиги бецIун, гьудуласулгун гьоркьоблъи лъикI гьабиялде. Дур хIажалъи ккедал кумер гьабуралъухъги баркала кьезе ккела.

БецIизе рес гьечIони дагьаб нахъбахъизе изну тIалаб гьабизе бегьила, гIарац унеб бакIги гьесда бихьизабун. Гьединги дандеккечIони, батIатIун бецIизе рес кьолесухъаги босун, гьудуласе бецIизе ккела.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда. ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...