Аслияб гьумералде

Эбелалде

Эбелалде

Эбел, дур хирияб цIар бахъарабго,

Биун, биун уна дир каранда ракI,

Рокьулел кверазда кверал хъварабго,

Хинлъула тIолго черх, чучула ургъел.

 

Лъимал гIодулелъул сардал рорчIарай,

Лъимал кьижун хадуй хIалтIун свакарай,

Хасаб дурго рокьул кваркьабазда гъоркь

Квешлъабаздаса ниж, цIунун, хьихьарай.

 

ХIулидалъ лъун лъимал хьихьулей эбел,

Хьул лъунщинаб босун ячIуней эбел,

Берал къанщаниги кьижичIей эбел,

ТIанчIи кьижарабго яхъуней эбел.

 

Лъимал ххараралъуй хадуйго хьвадун,

Хьитал картIаххарай, камилай эбел.

Кинабго дуниял жиндий хIалалай,

ХIал жиндир чIахъаяй, чIурканай эбел.

 

Эбелалъул къимат къойилго гьабе,

КъваригIун батани алжан босизе.

Бокьараб квине кьун, кодой ккун хьихье,

Кири бикьулезул кьерда рахъине.

 

Эбелалъул хIатIикь алжан бугилан

ХIадисги бугелъул аварагасул,

Аллагьас нилъее бичIчIиги лъайги

ЛъикIаб рахъалдасан бикьун батаги.

 

Эбелалде данде гьумерги букIкIун,

Гьаракь борхаравгун гьудуллъи ккоге.

Мунго гьавуралда хIеренго кIалъан,

КIудияб даража дуего босе.

 

Нуцалай Килалъа

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...