Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ТIаса лъугьаян гьарила

 

Эбел-инсуца хвалие абун нахъе тун букIараб гIарац къарзалъе босун букIана дица. Гьелъухъ къайи-цIаги босун, бизнес байбихьана. Амма кигIан хIаракат бахъаниги хIасил ккечIо. Гьеб заманалда эмен больницаялде ккана ва гьесие кумек гьабизе рес гьечIого дунги хутIана. Узухъда, гIагарлъиялъги гьудулзабазги кумек гьабуна, амма лъицаниги щибго абичIониги, дида гIайибчIвалел камулел рукIинчIолъи бихьулеб букIана…

 

Расул, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Къарз боси буго хIалалаб иш. Аварагасги ﷺ къарзалъ босулаан, гьелъие нугIлъи гьабулел хIадисалги руго. Амма щивав чияс хIаракат бахъизе ккола налъи гьечIого, бугелда гIей гьабун вукIине. ЦIакъго хIажалъи ккани гурони къарз босизе беццарабги гьечIо.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Воре, налъудаса цIуне! Налъи буго сардилъ - пашманлъиялъе ва къварилъиялъе, къоялъ - инжитлъиялъе сабаб», - ян. (Байгьакъи)

Кинабго бараб буго инсан ккун вугеб хIалалда ва гьесул ракIбацIцIадаб нияталда. Аварагас ﷺ хIадисалда буго: «БецIизе ниятгун къарз босарасе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула гьеб бецIизе. ГIицIго хвезабизе ниятгун босарав Аллагьас ﷻ гьалаг гьавула (къиямасеб къоялъ)», - ян. (Бухари)

Къарз кьей лъикIаб гIамал буго ва гьелъухъ кIудияб кириги щола. Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисаз бицунеб буго цоцазе кумек гьабизе ккеялъул хIакъалъулъги. Масала, «Дунялалда жиндир вацасул кинаб букIаниги пашманлъи тIаса босарасе Аллагьас ﷺ гьесие къиямасеб къоялъул пашманлъиялъул цояб тIаса босула», - ян. (Муслим)

Гьединлъидал гIайибчIвалел рукIаниги, хIаракат бахъе ахIвал-хIал битIизабизе. Гьанже киданиги букIинчIеб хIалалъ эбел-инсуда аскIов вукIине, гьезие кумек гьабизе, хIатта цIидасан гIарац къарзалъ босизе кколеб бугониги.

Эбел-инсуда тIаса лъугьаянги гьаре. Гьединго гьаре ТIадегIанав Аллагьасдаги ﷻ.

 

Психологасул жаваб

Бищун кIвар бугеблъун ккола налъи бецIизе щулияб ният букIин. Сверухъ ругез дуде гIайибчIвалеб бугин аби, дудаго ракIалде кколеб батизеги бегьула. Дудаго гIадин сверухъ ругезда гьеб ахIвал-хIал бихьулеб букIин щакаб жо буго. Гьезда цIакъ лъикI лъалеб батула дур жавабчилъиялъулаб тIабигIат ва гьелдалъун дудехун гIайибчIваялъул гуреб, бичIчIиялъул бербалагьи букIуна.

Эбел-инсулгун бухьен гьабиялдаса рикIкIад чIезе бегьуларо, гьелъул гIаксалда, гьезда аскIов вукIа. ЗахIматаб заманалда мун гьезда аскIов вукIиналдалъун гьезул ракI хIалхьила ва дур гьездехун бугеб ургъел бихьун божилъи цIикIкIина.

Налъи бецIизе хIаракатги бахъе. Даран-базаралъул хIасил гьабе, балагье сунде кIвар кьечIебали, щиб хIисабалде босичIебали. Гьеб кинабго эбел-инсуда дандбан гьабизеги лъикIаб букIина.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...