Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб  бицине намусаб

Гьикъизе нечараб  бицине намусаб

"Дун сансикъ гьаюлей йиго"

 

Дир росас, жиндирго эбелалъеги яцазеги сайгъатал кьола дие кьолелдаса лъикIал. Дагьаб цебегIанги, гьесул яц гьаюраб къоялъ, гьелъие кьуна 10 азарго гъурущ. Диейин абуни, цо гьитIинабго тортги тIугьдулги рачIана.

Рокъоб квен гьабулейги, ретIел чурулейги, лъималазе тарбия кьолейги дун йиго, гьесул эбелалъги яцалъги щибго гьабуларо. Гьединлъидал, яхI гьабизе кIвечIого дицаги кинабго абуна гьесда. Гьев барщана ва анкьниги унеб буго дунгун кIалъаларого.

 

Ш., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Рос-лъадул гьоркьоблъиялъул суал буго бищунго захIматаб ва кIиябго рахъалъухъ гIенеккичIого хIукму къотIизеги бегьуларо. Щибаб хъизамалда рукIуна ричIчIунгутIиялгун дандеккунгутIиял. Кинабго лъикI букIин цIакъ къанагIатаб жо буго. Гьелдалъун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рос-лъадул хIалги бихьула. Аллагьасул ﷻ разилъи тIалаб гьабун ва хъизан цIунизелъун сабру гьабуразе Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб жазаъ букIина.

Чиясул ихтияр буго жиндирго гIарац бокьаралъубе хIалтIизабизе. Масала, сайгъатал, садакъа кьей. Кинниги, хъизан-агьлу хIажат букIаго цогидаб бакIалде гIарац хвезабизеги росасе бегьиларо. Гьелдаго цадахъ, бищун лъикIаб садакъа хъизан-агьлуялда тIад хвезабураб ккола.

Бичасул Расулас ﷺ абуна: «Бищун лъикIаб ккола хъизан-агьлуялда тIад хвезабураб динар», - ян. (Муслим)

Дуца мекъаб жо гьабун буго дуе кьолелдаса тIокIал сайгъатал эбелалъе ва яцалъе кьунинги абун, росасда гIайиб чIваялдалъун.

Аварагасул ﷺ хIадис кIочене бегьуларо нилъеда: «Цо нухалъ Аварагас ﷺ абуна: «Дида жужахI бихьизабидал, гIемерисеб гьелъул агьлу руччаби ругоан, шукру гьабунгутIиялъ гьенир ккарал». Аварагасда ﷺ гьикъана: «Гьез Аллагьасда ﷻ иманищ лъечIеб?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Гьез россабаздехун баркалагьечIолъи бихьизабуна ва гьезие кьурал хайратазухъ щукруги гьабичIо. Кидаго лъикIлъи гьабулеб букIун цогIаги нухалъ гьезие данде ккечIеб дудасан загьирлъидал гьединал руччабаз абула: «Дудаса киданиги лъикIлъи бихьичIо дида», - ян. (Муслим)

Гьедин бугелъул, щивав чи балагьизе ккела цин жидерго гIунгутIабазухъ ва гьел лъикI гьариялде кIвар кьезеги тIадаб букIина.

 

Психологасул жаваб

Росас гьезие сайгъатал гьариялъул магIна кколаро гьел дудасаги гьесие хириял ругин абураб. Мун ячинегIанго гьезул рокъоб букIараб гIадат батизеги рес буго гьеб.

 Рес буго гьезда квеш бихьичIого букIинелъун гьезие багьаял сайгъатал гьес кьолел. Гьезулгун гIамал рекъезабизе захIмалъулебги батизе бегьула. Гьелдаго цадахъ, дуда квеш букIинарин абун ватизеги бегьула гьев. ГIемерал гIиллаби рачине бегьула ва амма дуца гьесда абун бугелъул, гьанжеялдаса нахъе гьесда лъазе буго дудаги гьеб квеш букIунеблъи. Хьул буго нужер суал лъикIалдалъун тIубалин абураб.

Хъизамалда гьединал гIиси-бикъинал жал ккечIого рукIунаро. Дуцаги гьесда квеш букIунедухъ абизе бегьулароан. Гьес дуе кьураб сангьабичIого тейги ккола гьеб. Чанги россабаз бицунеб рагIана жидеца кьурал сайгъатал руччабаз санго гьаруларин абун. Хьул буго нужер хъизамалдаги гьедин батиларин абураб. Хадубккун гIайибал чIван гуреб, берцинаб рагIудалъун ва гIамалалдалъун бихьизабе росасдехун бугеб адабги рокьиги. ГIайибчIван абураб жоялъ дагIба-къецалде гурони, лъикIлъиялде рачунаро.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...