Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

 

Дие кьолеб гьечIо!

 

Жиндаго цадахъ хIалтIулел руччабазе байрамалъул къояз дир росас сайгъатал кьола. Дие кьезе ракIалдего кколаро. Гьеб жо цIакъ квешги букIуна дида. Цогидал руччабаздаса цеесей гьечIищ лъади гьединал сайгъатал гьаризе?

 

Хатимат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Рос-лъадуда гьоркьоб рукIа-рахъиналда тIасан суалал цIакъ гIемер рукIуна. Гьединлъидал битIараб хIукму къотIизе ккани, кIиябго рахъалъухъ гIенеккизе ккола.

ТIоцебесеб иргаялда къимат гьабизе мустахIикъалги тун цогидазул къимат гьаби лъикIаб жо гуро.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Хьихьизе тIадал чагIазда тIад хвезабураб динар ккола бищун лъикIаблъун», - илан. (Муслим)

Гьезул бищун мустахIикъалги ккола чIужу ва лъимал.

СагIд ибн Абу Вакъасидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасул разилъи тIалаб гьабун хвезабуралъухъ чара гьечIого дуе кири щвела, хIатта чIужуялъул кIалдиб лъураб лукъмаялъухъцин», - илан. (Бухари, Муслим)

Цогидазе сайгъатал кьеялъулъги щибго къварилъи гьечIо бацIцIадаб ниятгун Аллагь ﷻ разилъи тIалаб гьабун кьолеб бугони.

Бихьинчияс жаваб кьезе ккола бищун цебе жиндирго хъизамалъул. Гьел лъикI рукIиналъе, гьезие лъикIаб ва берцинаб тарбия кьеялъе кIвараб жигарги бахъизе ккола.

Ахиралдаги аварагасул ﷺ рагIаби рехсела: «Иман ва Аллагьасдасан ﷻ ажру-кири щвеялда хьулги лъун хъизан-агьлуялда тIад хвезабураб гIарац гьесие садакъалъун хъвала», - ян.

 

Психологасул жаваб

БитIараб буго, лъади цIикIкIун мустахIикъай йиго сайгъатал кьеялъе, амма киназдаго гьеб бичIчIуларо. Цадахъ хIалтIулел руччабазе сайгъатал, гьениб гIадат билълъун букIиналъ кьураб батизеги рес буго.

Дуца кIвар гьеб хIалалъулъ щибго ургъел гьабуге, ццин бахъинчIого, сабуралда йикIине хIаракат бахъе.

Гьесие бадибчIвай гьабуни, иш жеги квешаб бакIалде бачIине рес буго. Батизе бегьула цадахъ хIалтIулез жиндиего рецц гьабизе бокьулеб гIамал гьесулъ букIинги. Гьедин батани мун гьевгун кIалъазе ккола цIакъ хIеренго. Гьелъул магIнаги ккола, гьес гьабурабщиналде кIал кьабичIого, гьесда щакдаричIого, берцинаб мацI бицун кIалъайин абураб.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....