Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин гьабун лъикI?

 

Командировкаялъ рос инадал дун эбел-инсул рокъое ун йикIана гьев вачIинегIанин абун. Гьений йигеб мехалда лъимал хьихьизе эбелалъул кумек букIуна. Гьений йикIаго вацасулгун дагIба ккана ва гьес лъикIго юхана дун. Дир гьитIинай ясалдаги гьеб кинабго бихьана. Эбелалъги вацасул рахъ ккуна. Гьес малъарабги гьабун йикIине кколин абуна. Вац вуго 20 сон барав гIолохъанчи. Дирго рокъое ине бокьун букIана, ай росасда ккара-тараб бицине. Хадубги ракIалде ккана, вацасцин рикIкIунарей мун щий гIаданилан гьес абизе бегьулин, ва дида нахъа чи гьечIин ракIалде ккелин гьесдайин абун.  Гьелъ бицинчIого тана. Щиб дица гьабилеб?

 

СагIидат, Буйнакск

 

ГIалимчиясул жаваб

Цин халгьабизе ккела щиб сабаблъун нужер дагIба ккарабали. Кин бугониги, мун юхизе гьесул ихтияр букIинчIо. 20 сон баниги гьесул гIакълу камиллъун гьечIеблъи бихьулеб буго. 

Эбелалъ гьесул рахъкквеялда тIасанги суалал рачIуна. Кин бугониги, цонигиязул рахъкквезе гьелъ бегьулароан. Яц юхизе гурев, гьелъул гIаксалда, гьей цIунизе хIадурав вукIине ккола вац.

Гьеб лъугьа-бахъиналдаса дарс босизе ккола дуца. Росасдаги лъачIого, гьесухъа изнуги босичIого эбел-инсухъе мун ун ятани, гьелъухъ дуе мунагьги буго. Гьеб лъугьа-бахъинги гьелъул хIасил батизе рес буго. Щайгурелъул Аллагьасде ﷻ гIасилъиялъ инсан махIрум гьавула Гьесул ﷻ цIуниялдаса ва рахIматалдаса.

Росасул изнугун ун йикIун ятани, гьеб иш Аллагьасул ﷻ рахъалдасан хIалбихьилъун батула. Лъималазе тарбия кьолелъуб рахъ-рахъалдасан кумекалде хьул лъечIого ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабиялде тавакал щула гьабизе букIине.

Гьениб росасда бицинчIого теялъулъ маслихIатги цIикIкIун букIина. Дуцаго хIаракат бахъе вацгун кIалъазе, кинабго гIайиб гьесда бугин кканиги.

Аварагасул ﷺ  хIадисалда буго: «Живго витIарав вукIин лъалеб гьечIонигицин дагIба къотIизе тарав чиясе ТIадегIанав Аллагьас Алжаналъул рагIалда хъала бала. БитIун вукIин лъалебги букIаго дагIба тарасе Аллагьас Алжаналъул бищун борхалъуда бала хъала», - ян. (Тирмизи)

ГIагарлъи тIезабиялъул хIакъалъулъги аварагас ﷺ  абуна: «ГIагарлъи тIезабулев чи Алжаналде лъугьунаро», - ян. (Бухари, Муслим)

 

Психологасул жаваб

Аслияб куцалда дуда ургъел чIван буго эбелалъ вацасул рахъ кквеялда бан. Росасда бицинеги бокьун гьечIо нахъасан вахъине чи гьечIин гьесда ракIалде ккезе бокьунгутIиялъ. ХIакъикъаталдайин абуни дуца ургъел гьабизе ккараб жо батIияб буго, ай росасда мугъчIвазеги, гьесде ургъел бикьизеги хIинкъун йикIин.

Мун хIинкъун йиго, росасда гьеб бицани, гьес дур хIурмат рехун телин, цинги рокъосезги къабул гьайичIого ине бакI тIагIун хутIилин абун. Гьединлъидал росгун ракIбацIадго йикIине хIаракат бахъе. ТIубанго гьесда мун божуларей мехалда, кин гьесие йокьилей ва дудехун кинаб адаб букIинеб? Гьелъул гIаксалда, дур гьесдехун бугеб божилъиги мугъчIвайги бихьидал, нужер гьоко цебехун гирила. Дуца росасда бицунеблъи лъалеб букIарабани, вацас мун юхизеги йикIун ятиларо. Гьесда лъалаан ригьнаде аралдаса дур жаваб кьезе ва мун цIунизе кколев чи рос вукIин. Гьединлъидал гьабугьин байбихье росасулгун ургъел бикьизе.

ГIагарлъигун, хасго вацал-яцалгун рекъон рукIине ккола. Вац кигIан мекъи ватаниги, хIалбихье, эбел-эмен гIахьал гьарунги, гьеб суал тIубазе.

 

ХIадур Гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...