Аслияб гьумералде

КIиабизе росасе инищ?

КIиабизе росасе инищ?

Щуго соналъ цебе, авариялдеги ккун, дир рос хвана. Аллагьас ﷻ гьесул мунагьал чураги. Дир вуго гьитIинав вас. Эбел-инсул рокъой йиго гIумру гьабунги. Дагьалъ цебе исламалъул нух ккурав лъикIав чияс хабар гьабуна чIужулъун ячине бокьун бугин абун. Диеги бокьун буго гьесие ине. Амма дир инсуе цIакъ бокьун гьечIо дун ригьнаде ине. Гьелде тIаде, вацазги абулеб буго лъимерги хьихьун рокъой йикIайилан, эбел-инсуе хъулухъги гьабун. Хварав росасул гIагарлъиялдаги бичIчIиларин абун хIинкъун йиго дун. Дица эбел-инсул ва вацазул адаб-хIурмат гьабула ва дие гьел рокьула, амма дирго хъизанги букIине бокьун буго. Инсул изну гьечIого рукъалде ине бегьулищ дун?

ПасихIат, Гъизляр

ГIалимчиясул жаваб

Хъизан гьабиялде исламияб диналъ кутакаб кIвар кьола. Ригьин гьабиялъ инсан цIунула хIарамаб жоялде балагьиялдаса, зина гьабиялдаса ва цогидал чорокал пишабаздаса. Хъизан гьабурав чиясе дин гьабизеги бигьалъулаян абула. БатIалъи гьечIо, бихьинчиясе ялъуни чIужугIаданалъе.

Аварагасул ﷺ хIадисалдасанги нилъеда лъала жиндир дин ва гIамал берцинав чи яс гьарун вачIиндал, гьесие кьезе кколеблъи. КьечIони, ракьалда питна, пасалъи тIибитIизе бугин бицана аварагас ﷺ. Умумуздасан бачIана: «Ясазулгун учу-чу хIазе бегьуларо», - ян. Гьел гьарун рачIиндал нахъчIвагеян абураб магIнаялда.

Валиясул изну гьечIого ШафигIил мазгьабалда росасе ине бегьуларо. Амма яс гьарун жиндир диналда ва гIамалалда рекъарав чи вачIиндал, инсул ихтияр букIунаро гьей кьечIого тезе. Гьедин инкаралда эмен чIун вугони, гьев хIакъикье ккола ва Къиямасеб къоялъ жаваб кьезеги ккола.

Гьеб суал тIубазелъун гьаризе вачIунесги бегьула, лъалел-кIолел, гIага-божарал гIахьал гьаризе. Кинго тIубалеб гьечIони, суал росдал имамасде борхизе ккела.

Эбел-эменгун къацандизе бегьуларелъул, гьеб суал тIубазегIан сабруялда йикIине ккела мунги. ДугIа - муъминчиясул ярагъиланги бугелъул, гIемер дугIаги гьабизе ккела гьеб иш берцинго нухда агийилан. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

Психологасул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бихьинчи ва чIужугIадан цоцазде хIажаталлъун рижана. Росасе ине дуе бокьиги щивав инсанасулъ бугеб тIабигIияб иш буго. Вас дур вукIиналъ эбеллъун йикIине бокьиялъул хIажалъи тIаса босула, амма чIужулъун йикIине бокьиялъул хIажалъи босуларо. ТIоцебесеб иргаялда, лъикIаб букIина хъизан гьабиялъул кIваралъул бицун эменгун кIалъазе. Эбел чIаго ятани, гьей гьоркьой ккун кIалъани, жеги лъикIаб букIина. Къокъго абуни, инсулгун лъикIаб хурхен бугел ва гьес жидер пикру къабул гьабулел гIадамал гIахьал гьаризе бегьула. Инсанасул тIабигIатго буго рукъалъул агьлуялъ гуреб, цогидал гIадамаз, масала, гьудулзабаз абураб жо цIикIкIун къабул гьабулеб.

Гьединго мун ячине бокьун бугев чиясги дудасаги цIикIкIун кьезе ккола кIвар. ЦоцIол кьечIони, кIиабизе ун. КIиабизе кьечIони, цадахъ имамги вачун, инсуда бичIчIизабизе ккола ният бацIцIадаб букIин.

Кин бугониги эбел-инсуда данде чIезе бегьуларо. Гьезул разилъи - Аллагьасул ﷻ разилъи бугелъул. Мун данде яхъани, гьеб иш рагIалде бахъунаро. ЗахIмалъиялда хадуб бигьалъиги букIунелъул, сабру гьабун чIезе ккела. Нужер щулияб ният бихьидал ва гьоркьоб заманги индал, битIараб нух гьес тIаса бищиялде хьул буго.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...