Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ГIемер кваналеб буго гьуинлъи

 

Ахираб заманалда цIакъ гIемер кваналеб буго гьуинлъи. Дагьабниги ццим бахъун лъугьани, расги лъачIого гьуинлъиялде квер бегьулев ватула.

Чанго нухалда хIалбихьана тIубанго гьелдаса инкар гьабизе. Бищун цIикIкIун анкьалъ яхI гьабизе кIвана. Амма анкьидаса жеги цIикIкIун кваназе байбихьана. Гьеб сабаблъун чорхол цIайиги гIорхъолъа унеб буго. Кин гьеб телебали лъаларого дунги вуго.

 

СалихI, Гъизилюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Бусурбанчияс бищун цебе халгьабизе ккола кваналеб жо хIалалаб бугищали. Гьуинлъи бокьиги мунагь гуро. Хирияв Аварагасеги ﷻ гьоцIо ва хIалва бокьулеб букIун буго. (Ибн Мажагь)

Амма чохьое бокьа-бокьараб гьаби какараб пиша буго.

Хирияв Аварагас ﷻ абуна: «Инсанас цIезабулеб жоялъул бищун квешаб жиндирго кванирукъ буго. Адамил лъимералъе мугъ битIизелъун кванил чанго кесекалъ гIей гьабула. Гьединги бажарулеб гьечIони, кванирукъалъул лъабго бутIаялъул цояб квание, цогидаб - лъималъе ва хутIараб - гьаваялъе те», - абун. (Тирмизи)

Квен дагь гьаби ккола сахлъи цIуниялъе бищун лъикIаб къагIида. Инсан кваназе ккола гIумру гьабизелъун, амма гIумру гьабизе бегьуларо квание гIоло. ЦIикIкIун кванай ккола батIиниял ва загьириял унтабазул аслу.

Гьуинлъиялдехун цIайи букIиналъе гIилла лъазабизе тохтурасухъе ани лъикIаб букIина. ГIемераб гьуинлъи кваналел гIадамазул сахлъиялъул иш лъикIаб букIунаро. Хасго бидулъ чакрил къадар кин бугебали халгьабизе ккела. Чорхол цIайиги цIикIкIараб батани, гьеб рукIалиде бачIинабиялда тIадчIей гьабизе ккела.

ПалхIасил, тохтурасухъе ун, хал-шал гьабуни, лъикIаб букIина. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «КIиго нигIмат буго жидедалъун гIадамал гуккулел: сахлъи ва эркенаб заман», - абун. (Бухари)

 

Психологасул жаваб

Кьаралъиялъе ругел аслиял сабабазул цояб ккола стрессалда вукIун, гIемер кванай. Инсан сундулъго разиго вукIине ккола. ГIемер ццидахунев вугони, ургъелалги цIикIкIун ругони, ракIбакъванги лъугьунев ватани, гьеб кинабго хехго рукIалиде бачIинабулеб иш буго гьуинлъи кванай. Амма гьелъул кумек цIакъ хехго тIасаги уна. Цинги цIидасан байбихьула гьуинлъи кваназе ва гьедин кьаралъула, батIи-батIиял унтаби загьирлъула. Гьеб сабаблъун жеги цIикIкIун байбихьула

ургъелал гьаризе ва цIидасан лъугьуна жеги цIикIкIун гьуинлъи кваназе. Цинги гьеб горсвериялдаса къватIиве ворчIизе цIакъ захIмалъула. Гьедин бугеб мехалда, нилъ ралагьизе ккола аслуялде. ГIицIго гьуинлъи теялдалъун гьеб суал роцIцIунаро. Цадахъго гIумруялъулъ хиса-басиги гьабизе ккола. ЗахIмалъаби ратани, гьездаса лъутичIого, гьел тIуразаризе хIаракат бахъила. Бищунго цIакъ инсан чIвалеб жо буго эркенаб заман. Гьеб гIемер бугебгIан мехалъ, къваригIел гьечIел жалги цIикIкIуна. КIвараб хIалалда спорталда тIадчIейги гьабизе ккела.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...