Аслияб гьумералде

Тасаввуфалъул хIакъикъат

Тасаввуфалъул хIакъикъат

Тасаввуфалда тIасан бицунеб хабар батIи-батIияб буго. Масала, цояз абула гьеб мекъаб бугин, цогидаз гIорхъолъа арал жал гIунтIизарула. Гьединлъидал нилъ раккизе ккола гIалимзабазул тIахьазде, гьезул рагIабазде.

«Тасаввуф» ва «суфи» абураб рагIи ХIасанул Басриясул заманалда баккана. Амма гьеб цIар тIибитIана имам Маликил заманалда, исламалъул кIиабилеб гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда. Гьеб нахъа баккараб бугин абураб жоялъ магIна кьоларо тасаввуф МухIаммад аварагасул заманалда букIинчIилан абураб. Тасаввуф ккола шаргIиял гIелмабазул цояб, жидер цIарал нахъа ракканиги, хIакъикъат МухIаммад аварагасул заманалдаго рукIарал. Масала, калам яги гIакъида, усул, мусталахIул хIадис, тафсир, гIулумул Къуръан, балагъат, магIан, мантIикъ, нахIви, сарф, тасаввуф - ракI бацIцIад, рухI камил гьабиялде инсан вачунеб гIелму - гьал киналго гIелмабазул цIарал аварагасул заманалда рукIинчIо, амма гьезул магIнаги хIакъикъатги аварагасул заманалда букIана

Гьал киналго гIелмабазда гьоркьосаги босун, тасаввуф аварагасул заманалда букIинчIин абулев чияс цогидал шаригIаталъул гьал гIелмабиги МухIаммад аварагасул заманалда рукIинчIин абизе ккела. Тасаввуф аварагасул заманалда букIинчIин абулевги ккола жинда я тасаввуф, яги ислам, яги исламияб тарих, яги исламиял гIелмаби лъаларев чи.

Тасаввуф МухIаммад аварагасулги гьесул асхIабзабазулги заманалда букIараб жо бугищ?

Нилъеца цебеккун бицана тасаввуф ихIсан кколилан. Гьединлъидал ихIсанги, иман-исламго гIадин, Аллагьасул рахъалдасан ЖабрагIил малаикги рещтIун, гьес МухIаммад аварагасе суалалги кьун, аварагас жавабалги кьун, асхIабазабазда малъараб жо ккола.

Дунялалдаго машгьурав имам, исламияб тарихалъул кIудияв гIалимчи Ибну Халдуница «Альмукъаддимат» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Тасаввуф ккола исламияб миллаталда жиб загьирлъараб гIелму, тасаввуфалъул аслуги суфизабазул нухги исламияб умматалъул цересел, кIудиял гIадамазулъ, асхIабзабазулъ, тIабигIиназулъ гьездаса хадур рачIаразулъги хIакъаб, битIараб нухлъун букIуна. Гьеб асхIабзабазулъги тIибитIун букIана», - абун.

Доктор АхIмад ГIалвашица хъвалеб буго: «АсхIабзабиги табигIиналги, гьезда суфизабиян абичIониги, хIакъикъаталда суфизабилъун рукIана», - абун. ХIакъикъаталдаги, тасаввуфалъул имамзабаз хъварал тIахьалги цIаларав, гьез сунде халкъ ахIулеб бугебалиги бихьарав чияс, асхIабзабазулъ тасаввуф букIинчIин кидаго абиларо.

Исламалъул имамзабаз, агьлу-суннат валь-жамагIаталъул гIалимзабаз абулеб буго тасаввуф гIелму исламалъе рухI гIадаб жо бугин, тасаввуф цадахъ гьечIони, иманги исламги камиллъуларин, гьезул хIакъикъаталдеги инсан щоларин абун.

Дунялалдаго машгьурав гIалимчи МухIаммад СагIид Рамазан аль-БутIияс «Гьаза Валиди», «Ассалафият», «ШархI аль-хIикам аль-гIатIаият», «Фикъгьу ссират» абурал тIахьазда хъвалеб буго: «ХIакъикъияб тасаввуф исламалъул жанисеб ракIги рухIги гIадаб жо ккола», - абун.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...