Аслияб гьумералде

ГIемер бегьулищ?

ГIемер бегьулищ?

Нилъеда лъала паризаяб яги суннатаб какалъе какичуригун черх чури букIине кколеблъи. Беццараб буго кидаго какичуриялда вукIине, гьедин тIобитIараб заман гIибадатлъун рикIкIуна. Какичури биххидал цIидасан какичури цIигьабизе рекъола. Амма какичури биххичIони, бокьаралгIан какал разе бегьула. Беццараб буго щибаб какие, рес рекъарабгIан, какичури цIигьабизе.

 

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Дир умматалъе захIмалъулеб букIун гуребани щибаб какда цебе какичури цIигьабизе ва щибаб какичуриялда цебе сивак бахъизе амру гьабилаан», - ян. (Имам АхIмад)

Аварагас ﷺ нилъеда малъун гуребги, жинцагоги гьедин гьабулеб букIана. Гьелъие тIоритIел гьабула Суфяну Саврияс бицараб хIадисалъ,  Анас ибну Маликица бицана: «ГIадаталда Аварагас ﷺ щибаб какие какичурулеб букIана». Гьес гьикъула: «Нужеца кин гьабулеб букIараб?» - ян. Анас ибну Маликица жаваб кьола: «Нижеца цо какичуриялъ какал ралаан гьеб биххизегIан», - ян. (Бухари, Абу Давуд, Тирмизи)

Бурайрадидасан бицараб хIадисалда буго: «ГIадатияб куцалъ Аллагьасул Расулас ﷺ щибаб какалъе какичурулеб букIана. Амма Макка бахъараб къоялъ Аварагас ﷺ махIсабазда масхIу гьабун, цо какичуриялъ киналго какал рана. ГIумар-асхIабас абула: «Я Аллагьасул Расул ﷻ, цебе гьабичIеб жо гьабуна дуца», - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Дица гьеб бокьун гьабуна, я ГIумар», - ян.  

ГIумар-асхIабасул суалалъ баян гьабула Аварагас ﷺ цебе гьабулеб букIараб лъикIаб иш тей ва бичIчIизабулеб буго Аварагас ﷺ цебе щибаб какда какичурулеб букIин.

Нилъее мисаллъун бихьизабизе гьеб къоялъ Аварагас ﷺ киналниги какал цо какичуриялъ рана. Амма щибаб какалъе цIияб какичуризе суннат буго.

Как базе бокьичIониги сунатаб буго какичури цIигьабизе. Амма шафигIияб мазгьабалда рекъон, лъикIаб буго цебе букIараб какичуриялъ как базе цIияб какичури гьабизе бокьани. Щайин абуни, гьев какичуриялда вугелъул, цIигьабизе кколаро.

ХIасил, чиясе бегьула какичури биххичIебгIан заманалъ бокьаралгIан какал разе. Амма карагьатаб буго гьитIинаб ва кIудияб хIажат ккун как базе.

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «ТIагIамалда аскIоб хIакъикъияб куцалъ как лъугьунаро ва гьединго лъугьунаро кIудиябги гьитIинабги хIажат гьабизе кколеб мехалъги». Гьаб хIадисалъул магIна ккола, мухIканаб куцалъ как бай лъугьунарин гьел жал ругеб мехалъин абураб. Гьесие лъикIаб буго цин хIажат тIубазе, цинги какичурун как базе. Нагагьлъун какил гIуж борчIулеб бугони, ай какичуризе ва как базе заман хутIичIони, хIажат ккун букIаго как бала. Щайгурелъул, какил гIуж борчIани, инсан мунагьалде кколев вукIиналъ.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...