Аслияб гьумералде

Диналъул хIуби

Диналъул хIуби

Диналъул хIуби

Как - диналъул хIуби бугин абиялъе цо хасаб гIилла буго. Гьедин абиялъе гIиллаги ккола тIоцебе хабалъ гьелъул рахъалъ кIалгьикъи гьабизе букIиналъ. ГьедигIан кIвар бугеб парз тIаса-масаго тезе рекъарабги гьечIого.

 

КIудияв гIалимас абун буго как бугин гIумруялъго балебги букIунеб ва камилго базеги лъалареб Аллагьасул тIадкъайин абун.

Нилъер заманалъул Навави абун жиндие СагIид-афандияс сипат гьабурав КъурамухIаммад-хIажияс хасаб кIвар кьун хIалтIи гьабулеб букIана аскIове кканщинасда какил кIвар бичIчIизабизе ва кантIизарулел рукIана гьелъулъ тIасамахIлъи гьабизе бегьулареблъиялде.

Динги цебетIураб щиб бокьаниги бокьараб рахъалдаса диналъул иш мухIкан гьабизеги рес бугеб гьаб заман бугониги, жакъаги камулел гьечIо какилъ мугьмаллъи гьабулел чагIи. Гьединаллъун рукIине бегьиларо.

Цо нухалъ Аварагги ﷺ Абубакар-асхIабги, как ахIун хадуб заманалда, мажгиталъул кIалтIа дагьалъго лъалхъун хутIана. Гьедин ругеб мехалда гьезда аскIове векерун вачIана гIолохъанчи ва изнуги босун, абуна: «Я Бичасул Авараг , дагьалъ цеве хвана дир эмен, дир гьесда базе мусруги гьечIо, чуризе чиги гьечIо ва хабалъ вукъизе кумекги хIажат буго», - ян. Аварагас ﷺ Абубакарида абуна гьевгун цадахъ айин ва гьев васасул инсул ахирисеб сапарги берцинго тIобитIейин абун. Абубакар ва асхIабзаби гьесда цадахъ ана ва гьоркьоб гIемер заман иналде хехаб куцалда тIадруссунги рачIана. Щиб ккарабин гьикъидал, гьез абула жидеда доба цо батIияб гIаламат бихьанин, ай хварасул жаназаялде аскIоре щведал, жидеда гьеб чIегIераб болъонил сипаталде сверун батанин. Гьеб бихьидал, гьабизе жо лъачIого, тIадги руссанин.

Хадур гьел, Авараггун ﷺ цадахъ уна гьенире. Гьеб нухалдаги жаназа рехсараб сипаталда батула. Цинги Аварагас ﷺ кIиго ракагIаталъул какги бан дугIа гьабула. Хадуб жаназадул сипат инсанасул сураталде сверула. Гьез хварав чурула, мусруги бан букъизелъун хабада аскIобе босула. Гьенире щведалги жаназаялъул цебего гIадин болъонил сипат лъугьуна. Гьеб мехалъ Бичасул Аварагас ﷺ хварасул вас аскIове ахIула ва цIехола васасда гьав дур эмен щиб гIамалалъул чи вукIаравин абун. Васас жаваб гьабула какал толаанин гьесилан абун.

 ХIисаб гьабеха, диналъул агьлу, какил кIвар гьабуларесул щиб хIал лъугьунеб бугебали. Хварасдаса гьединал сипатал нилъее загьирлъун рихьичIониги, хIакъикъаталдаги гьел лъугьунел жал ратила. Аллагьас киназего тавпикъ кьеги какил кIварги магIнаги бичIчIун гьеб ишалде ва гьеб мухIканго лъазабиялде руссине! Амин!

 

МухIаммадхIажи АхIмадов, Унсоколо росу

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...