Аслияб гьумералде

ШаргӀалда хӀукму къотӀи

ШаргӀалда хӀукму къотӀи

ШаргӀалда хӀукму къотӀи

ХӀадисалъул имамзабазул цояс сахӀихӀаблъун, цогидаз хӀасанаблъун бицараб хӀадисалда, Хирияс абун буго: «Жидеца дагӀба барабщинаб жо гIадамазе кьолеб букӀарабани, цояз цогидазул биялдеги боцӀудеги дагӀба базе букӀана. Кинниги жинца дагӀба балесул хӀакъ буго нугӀзал чӀезари ва жинде дагӀба балесул гьеди», - ян.

 

ХӀукму къотӀизе вихьизавурав къадиясде аскӀовеги вачӀун пуланав чияс жиндие пуланаб боцӀи кьезе бугилан бициндал, гьеб кьезе кколин хӀукму къотӀулеб букӀарабани, чанги чияс чанги жо дагӀбаги бан бахъилаан. Гьединлъидал жиндие кколин дагӀба балес гьеб гьедин букӀин чӀезабизе ккола нугӀзаздалъун. Амма гьесда нугӀзал чӀезарун бажаричӀони, гьесул ихтияр букӀуна жинде дагӀба балесдаса гьеди тӀалаб гьабизе.

Жиндир даража-макъам тӀадегӀан гьабеяв ЧӀохъа АхӀмадил ГӀабдуллагьица «Уммул баяналда хъвалеб буго:

ДагӀба балесда нугӀзал, инкар кколесда гьаги,

КъотӀун хӀукму гьабила дибирасги эзие.

Жинца дагӀба балесул нугӀзалги ратичӀони,

Ялъуни ратаниги, нугӀзалги рачӀинчӀони

Жинда дагӀба балев чи гьеди тӀалаб гьабуни,

Цинги гьавила живги дибирасги гьедизе.

 

Жинда дагӀба балев гьедани, хӀукму гьабула дунялалда жинде дагӀба балеб жо гьесда тӀад чӀечӀин ва кьезеги кколарин абун. Гьелдаса хадуб гьеб дагӀбаги къотӀизе тезе ккола. Амма хӀакъикъат Аллагьасда гурони лъаларелъул, хӀакъикъат батӀайиса букӀун батани, ахираталда хӀукмуги батӀайиса букӀинарищха.

Гьанже гьаб хӀукму къотӀиялда жаниб аслияб жоги буго жинца дагӀба балевги жинде дагӀба балевги кинав кинавали чӀезаби.

ГӀали-асхӀаб халифлъун вугеб заманалда къадилъун вукӀарав кӀудияв гӀалим ШурайхӀидасан бицун буго, гьес абунин:

«Дун къадилъун тӀамулеб заманалда дир ракӀчӀун букӀана дихъе борхараб бокьараб дагӀбаялъе хӀукму къотӀизе дихъа бажарилилан абун. Амма дихъе борхараб тӀоцебесеб дагӀбаялда жанибго дир ишкал ккана кинавдай жинца дагӀба балев ва кинавдай жинде дагӀба балев», - абун.

ТабигӀиназул имам СагӀид бин ал-Мусаййибидисан бицун буго гьес абунила:

«Жинца дагӀба балевги жинде дагӀба балевги ратӀарахъизе лъарав чиясе хӀукму къотӀиялда жаниб ишкалги жуба-гъубайги кколаро», - абун.

ПалхӀасил, ункъабго мазгьабалъул гӀалимзаби рекъон руго жинца дагӀба балесул хӀакъ нугӀзал чӀезариги ва жинде дагӀба балесул гьедиги букӀиналда жаниб. Гьезул хилаф ккани гьеб ккола пуланаб масъалалда жаниб кинав кинавали баян гьабиялда жаниб.

Къокъго абуни, жинца дагӀба балев ккола жинца бицунеб жо аслугун загьиралде данде кколарев чи. Ва гьелъул гӀаксалда, жинде дагӀба балев ккола жинца бицунеб жо аслугун загьиралде данде кколев чи.

ШаргӀалда гьел нугӀзалги рукӀине ккола хасал шартӀазде данде кколеллъун. Бокьарав чи шаргӀалъ нугӀлъиялъе къабул гьавуларо. НугӀлъиялъе вачӀарав чи гьел шартӀазде данде кколищали чӀезабулеб хасаб къагӀидаги буго.

Имам ШафигӀиясул мазгьабалда жинде дагӀба балев гьедичӀони, гьедизе ихтияр щола жинца дагӀба балесул. Ва гьев гьедани, гьесул гьедиялда рекъон хӀукмуги къотӀула, гьесул дагӀба ритӀухъ гьабун.

ГӀабдуллагь ХӀажияс хъвалеб буго:

Жинде дагӀба балевги гьедиларилан чӀани,

Эсги гьа буссанани жинца дагӀба балесде,

Жинца дагӀба балевги хӀакълъула гьаялдаги,

ДагӀба бугеяб жоги гьедун босла жинцаги.

 

Гьедулеб къагӀида кьваризабулебги гьабуларебги бакӀалги рукӀуна дагӀба балеб жоялъул гьитӀинлъи-кӀодолъиялде балагьун.

Аллагьасул кумекалдалъун нилъеца хадуб гьаб кинабго цо-цо ккун баян гьабила, ин шаа Ллагь.

 

 

МухӀаммад МухӀаммадов, Муфтияталъул маслихӀаталъул отделалъул хӀалтӀухъан

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...