Аслияб гьумералде

Кинаб хъвелеб?

Кинаб хъвелеб?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги АхIмадидаги Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей тIадаб буго шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун бугел гIадамазда. Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани закат бахъи гIураб бечелъи букIине ккола. «РахIматул уммат».

 

Къурбан хъвеялъул тарих

Къурбан хъвей ккола Ибрагьим-халил (гI.с.) аварагасдасан жиб бачIараб шаргIияб нух. МухIаммад аварагасул ﷻ умматалъе Аллагьас ﷻ гьеб хъвезе бихьизабуна гьижрияб тарихалъул кIиабилеб соналъ.

 

Къурбан хъвей сунда абулеб?

Къурбан хъвей абула гьеб хъолел къояз Аллагьасде ﷻ гIагарлъиялъул нияталда варанабазул яги чIегIер хIайваназул яги гIи-цIаназул цо хIайван хъвеялда.

 

Къурбаналъе хъвезе бегьулел рукъалъул хIайваназул тайпаби

Рукъалъул хIайваназул къурбаналъе хъола варанабиги чIегIер хIайваналги, гIиги. Ай ункъбго мазгьабалда рекъон рукъалъул хIайваназул гьал тайпаби гурого хъоларо. Вараниги чIегIерхIайванги анкьго чиясдасан хъвезе бегьула, гIиялъажо цо чиясдасан хъвезе бегьула. Аллагь ﷻ разилъаял ГIаббасил вас ГIабдуллагьида аскIоб рукъалъул хIайваназул щиб хIайван хъунги, хIатта гIанкIо-хIелеко хъунги хъвезе суннатаб буго. Гьединлъидал варани, гIачи, гIилъажал хъвезе рес гьечIел гIадамаз гьесдаги нахърилълъун гIанкIу-хIелеко, ордек, хъаз, гургур щиб бугониги хъвезе лъикIаб буго. Балагье: «Бугъятул мустариндин»,  «ШархIул мафруз». 203. Бажурниясги хъвалеб буго жидер шейхас мискинчиясда абулаанила: Ибну ГIаббасида такълидги гьабун гIанкIу-хIелеко бугониги хъвеян. Къурбаналда борцун гIакъикъатги хъвезе бегьулилан.

 

Къурбаналъе хъолеб хIайваналъул гIумру щиб букIине кколеб?

Къурбаналъе хъолеб варани щуго сон тIубараб букIине ккола гьелдаса гъоркьехун гIумруялъул бегьуларо. чIегIер хIайваназул (гIачи-гамущ) кIиго сон тIубараб букIине ккола, гьединго цIаназул кIиго сон тIубараб букIине ккола, квасул жоялъул абуни, цо лъагIел тIубараб букIине ккола. Квасул гIиялъажоялъул анлъго моцI тIубан бугони ва гьелъул цаги бортун бугони, гьебги къурбаналъе хъвезе бегьула. Къурбаналъе хъолеб хIайваналъул гIамруйин абуни гьеб бичулев чияс абураб жоялъухъ балагьун лъала. («Мавгьибату зилфазли»)

 

СултIан ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...