Аслияб гьумералде

Жундуздаса цIунизе

Жундуздаса цIунизе

ХIажатханаялде лъугьунев чи хIатIида хьит ретIун, бетIералда тIад жогун лъугьина. Жаниве лъугьунаго квегIаб гали, къватIиве лъугьунаго кваранаб гали цебе ккезабила. Жаниве лъугьиналде абила: «Бисмиллагьи. Аллагьумма инни агIузу бика минал хубуси вал хабаиси», - абун. КъватIиве вачIун хадуб абила: «Гъуфранака. АлхIамдулиллагьи ллази азгьаба гIаннил аза ва гIафани», - абун.

Аллагьасул яги Аварагасул цIар, Къуръан-хIадис, шаргIияб гIелму тIад хъвараб жо хIажатханаялде босиларо. Рагьараб (ай, къед яги гьоркьоб сутрат гьечIеб) бакIалда хIажат тIубалаго Къилбаялдехун я гьумер, я мугъ буссинабиларо, бакъудехун яги моцIалдехунги вуссинаро, гIадамазда вихьулареб, гьаракь рагIулареб бакIалда тIубала хIажатги.

ХIажат тIубалаго гаргадиларо, кIалалъ Аллагь рехселаро, Къуръан цIалиларо, ракIалъ рехсезе, Къуръан цIализе бегьула, чинхъани, ракIалъ «АлхIамдулиллагь» абила. Гьорода данде кIущиларо, къвакIараб бакIалдеги кIущиларо, тIираби щвечIого рукIине. ТIагьарат квегIаб квералъ гьабила, хIажат тIубараб бакIалда тIагьаратги гьабиларо, тIираби щолел ругони. ТIираби щолел гьечIони, гьабизе бегьула.

ГIадамал хьвадулеб нухда, годекIабахъ, пихъил гъотIода гъоркьги хIажат тIубаларо. КартIиниб яги ракьул кьватIелалде, чIараб лъелъе, чвахулеб дагьаб лъелъеги хIажат тIубаларо, кваранаб кверги гIавраталда хъваларо, гIавраталдеги балагьиларо. КIущалдаса рацIцIалъи тIалаб гьабила, вахъун чIунги кIущиларо, гъизалдеги балагьиларо. Цин къвакIараб жоялъ (кагъат, гамачI) тIагьарат гьабун хадуб лъеца гьабизеги суннатаб буго. Цоялъ гьабун толеб бугони, лъеца гьабун тела. ТIагьаратги квегIаб квералъ гьабила, квараналъ гьабиларо рес бугев чияс.

Лъеца тIагьарат гьабулаго цин цебесеб, хадуб нахъисеб гIаврат чурила. ТIагьарат гьабун хадуб бацIцIадаб бакIалдаги чIун: «Аллагьумма тIагьир къалби мина ннифакъи ва хIассин фаржи минал фавахIиши», - ян абила.

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...