Аслияб гьумералде

Камил гьабила

Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал гьаризе.

 

КIал кквейги буго инсанасе рухIияб рахъ хъубал жалаздаса бацIцIад гьабиялъе цо алат. Рамазан моцI буго гьединаб хIал черхалъе гьабулеблъун. Хадусел моцIазги, гьоркьо-гьоркьобгIаги кIал кквей муъминзабазе цIакъго беццараб буго.

Рамазаналдаса хадубги чияс кIал кквей гьоркьоб къотIизе течIеб мех букIина жинца ккурал кIалал Аллагьас ﷻ къабул гьариялъе гIаламатлъун. Щайин абуни, Гьес ﷻ лагъасул лъикIаб гIамал къабул гьабураб мехалъ, гьесие рес кьола хадурккунги лъикIал гIамалал гьарулевлъун вукIине.

Рамазаналдаса хадусеб шаввал моцI буго жиндилъ кIалал кквезе кутакалда хирияб. Гьелъулъ кIал кквейги буго паризаял каказда хадур ралел ратибаталго гIадаб жо. Паризаяб какилъ ккараб мукъсанлъи ратибатаз бацIцIунеб гIадин, паризаял кIалазулъ ккарал мукъсанлъаби хадурккун ккурал суннатал кIалазги рацIцIуна. Гьебги буго Аллагьасул ﷻ рахъалдасан лагъасе бугеб цIоб-рахIмат.

Жеги гьеб букIина рамазан моцIалъ кIал кквезе сахлъи, гьунар, тавпикъ, кумек гьабуралъухъ ва гьабураб гIамал къабул гьабуралъухъ Аллагьасе ﷻ шукру загьир гьабилъун.

Шаввалалъулъ кIал кквей буго чиясул Аллагьасдехун ﷻ бугеб ритIухълъи бихьизабилъунги. Кинин абуни, рамазан моцIалъ кIал кквей букIана парзлъун, тIадаб жо тIубазабиги буго исламалъул кьучIлъун. ЛъебергогIанасеб къоялъ кIалги ккун букIаго, тIаде жеги хадусеб моцIалъулъги кIалал кквей буго чияс Аллагьасдехун ﷻ бугеб рокьи ва гьабулеб гIамал-гIибадаталъулъ жиндирго ритIухълъи бихьизабулеб гIаламатлъун.

Машгьурал хIадисаздасан нилъее баянаб буго, рамазаналъ кIал ккун хадуб шаввалалъги чанго къоялъ кIал ккурасе тIубараб соналъ ккураб гIадаб кири бугин аби. Абу Аюбил Ансарияс бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Рамазан моцIалъул кIалалги ккун, хадуб шаввалалъул анлъго къоялъ кIал ккурав чи тIубараб соналъ кIал ккурасда релълъарав вуго», - ян (АхIмад). Гьеб кири щвезехъин буго рамазаналда хадуб жеги чанго къоялъ кIал кквей сабаблъун.

Ибну ГIумарица бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Рамазан моцIалъул кIалалги ккун, хадуб шаввалалъул анлъго къоялъ кIал ккун щив чи вугониги, гьев мунагьаздаса вацIцIалъула жив гьавурав къоялъ гьездаса вацIцIадавлъун вукIарав кинниги», - абун (Таргъиб).

Кин гьеб анлъго кIал кквей лъагIалида бащалъулебин абун ракIалде ккани, гьелъие жаваблъун гIалимзабаз баян гьабуна, гьеб бугин Аллагьасул ﷻ рахIму-цIобалъул ва исламалъул къануналъул рахъалдасан бугеб тIадегIанлъиян. Гьелъие хIужалъунги бачана ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда рехсараб аят (магIна): «Цо лъикIаб гIамалгун вачIарав чиясе гьелъухъ жазаълъун анцIго нухалъ цIикIкIараб кири щвела», - абун (суратул «АнгIам», 160 аят).

Жеги баян гьабун абила, муъминчиясул щибаб лъикIаб гIамалалъухъ анцIго кири хъвалеб мехалъ, тIубараб рамазан моцI релълъина жеги анцIго моцIалда, хадуб шаввалалъ ккураб анлъабго кIалги анцIилъ кьабуни, ккела лъабкъого къо – кIиго моцIлъун, гьеб мехалда дандекъан босидал, кинабго бащалъила 12 моцIида, ай лъагIалида. Гьалда релълъараб баян хъван буго имам Нававияс жиндир тIехьалдаги.

РачIа нилъ, гIицIго рамазан моцIалъулъ гIибадатги гьабун, цинги нахъа тIанкIги лъун, гьелда гIамал тIубазабураблъун тун гурел, шаввалалдаги кIалал ккун, камилаб къагIидаги гьабун, нилъерго гIибадаталъул гьир хадусеб рамазаналде щвезегIан халат бахъараблъун лъугьинабизе. Аварагасги ﷺ абун бугелъул: «ГIамалазе къимат гьабула гьел рагIалде рахъиналдалъун», - абун (Бухари).

Гьел кIалал кквезеги суннатаб буго гIидалъул къоялда хадусеб къоялдаса байбихьун. Амма гьоркьо-гьоркьор ккуниги бегьула. Гьел къояз кIал кколелъул чияс бегьула рецIизе ратани паризаял кIалал рецIизе абунги ният гьабизе. Гьедин гьабиялдалъунги хIасуллъула кIиялъулго кири. 

Аллагьас ﷻ къабул гьабеги щивасул гIамал, ккурал кIалал! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...