Аслияб гьумералде

Ахирисел хириял къоял

Ахирисел хириял къоял

ТIаде щолеб бугеб иргадулаб моцI ккола ЗулхIижа. Гьеб ккола исламалда жаниб Ражабгун, ЗулкъагIидагун ва МухIаррамгун цадахъ, ункъабго хирияб моцIалъул, цояб. Гьел моцIазда жаниб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIарам гьабуна рагъ-кьал, тунка-гIусиял, би тIей.

 

Гьеб моцIалъул тIоцебесеб анцIго къоялъулъ буго хасаб къимат, гьел къоязулъ лъикIал ишал гьаризе бищунго хирияб ва баракат бугеллъун рикIкIуна.

Хирияб Къуръаналда «Ал-Фажр» сураялъул 1-2 аятазда ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьедулев вуго рогьелалдалъун ва анцIго сордоялдалъун. Къуръаналъул аятазе баян гьабулел гIемерисел тафсирчагIаз абуна гьеб анцIго сордо ЗулхIижа моцIалъул тIоцебесеб анцIго къоялъул сардазул хIакъалъулъ бицунеб бугин. Аллагь ﷻ гьездалъун гьедиялъ нугIлъи гьабула гьел къоязул кIодолъиялъе ва жиделъ гIамал цIикIкIун гьабизе хириял рукIиналъе.

ГIабдуллагь ибну ГIабасидаса бицараб хIадисалда буго Аллагьасул расулас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гьел къоязда (ЗулхIижаялъул тIоцебесеб анцIго къоялъ) гьабураб гIамал цIикIкIун бокьула, цоги къояз гьабураб гIамалалдаса», - абун. АскIор рукIараз: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, БетIергьанасул нухда рагъ гьабиялдасагийищ?» - абун цIехедал, Аварагас ﷺ абуна: «Гьелде гъорлъе уна Аллагьасул ﷻ нухда рагъ гьабиги, жиндир рухIги боцIиги босун къватIиве вахъарав, цинги гьеб кIиябго тIаса арав хутIун», - ин (Бухари).

ХIафиз ибн ХIажарица жиндирго «ФатхIул Бари» абураб тIехьалда гьел къоял тIадегIанлъиялъе гIилла баян гьабулеб буго гьезда жанир киналго гIибадаталъул рукнаби: как, кIал, къурбан хъвей ва хIеж данделъулел рукIин абун, жалги цогидал къоязда гьедин цадахъ кколареллъи баян гьабун.

Гьеб моцIалъулъ руго:

  1. ГIарафа къо, жибги ЗулхIижалъул ичIабилелъ кколеб. ГIарафа магIарда чIей гьабула хIажизабаз ва гьеб къоялъулъ буго чIахIи-чIахIиял мунагьал чури ва цIаялдаса хвасарлъи.
  2. Къурбан хъолеб къо, гьебги ккола анцIабилеб ЗулхIижа. Къурбан къоги буго бусурбабазул байрамазул кIудияб байрамлъун. ГIабдуллагь ибн КъуртIидаса бачIараб хIадисалда бицунеб буго Аллагьасул Аварагас ﷺ абунила: «Аллагьасда ﷻ аскIоб бищун кIудияб къолъун буго Къурбан хъвеялъул къо, цинги гьелда хадусеб къоги», - абун (Абу Давуд).

Гьел къояз гьаризе хириял гIамалаздасан ккола:

РакIбацIцIадго тавбу гьаби, мунагьаздаса ракIбухIи, Аллагьасул ﷻ амруялде руссин.

КIал кквей. Хасго рекъараб буго тIоцебесеб ичIабго къоялъ кквезе (хIеж борхулел хIажизабазе хутIун). ГIарафа къоялъ кIал кквей цIакъго-цIакъ кIудияб суннат буго ва гьелъухъ Аллагьасул ﷻ рахъалдаса кIудияб кириги хIасуллъула. Абу Къаттадатица бицун буго ГIарафа къоялъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ Аварагасда ﷺ гьикъанин ва гьес ﷺ жаваб гьабунин: «Гьеб къоялъ кIал кквей арабги хадусеб соналъулги мунагь чуризе сабаблъун лъугьуна», - абун (Муслим). Гьединго бицун буго гьеб къоялъ кIал кквей цоги азарго къояз кIал кквеялда бащалъулинги.

Цоги хирияб гIамаллъун буго ГIарафа къоялъ азарго нухалъ суратул «Ихлас» (Къулгьу) цIалиги. ХIадисалда буго гьеб къоялъ азарго нухалъ суратул «Ихлас» цIаларав чиясул киналго мунагьал чурилилан абун.

ГIемер гьабизе лъикIаб буго Аллагь ﷻ рехсей, зикру бачин, Къуръан цIали, салават битIи, лъикIал гIамалал гьари, садакъа кьей. Рес бугев чияс къурбанги хъвезе (къурбан хъвезе ракIалда бугев чиясеги лъикIаблъун буго тIоцебесеб анцIабго къоялъ малъалги расги къунцIичIого тезе).

ЗулхIижаялъул тIоцебесеб анцIабго къо буго щивав бусурбанчиясе Аллагьасдасан ﷻ гIорхъолъа араб кири щвезе, мунагьаздаса вацIцIалъизе, Гьесде ﷻ гIагарлъизе рес кьолеб хасаб заманлъун. Нилъеца, муъминзаби, хIаракат бахъизе ккола гьел баракатал къоял лъикIаб гIамал гьабун, кIалал ккун, тавбу гьабун, къурбаналъул гIидалде хIадурлъун, гIибадаталде машгъуллъун тIоритIизе.

Аллагьас ﷻ гьал хириял къоял гьареги нилъее киназего баракат бугеллъун, мунагьал чуриялъул рахIматал рещтIиналъул къояллъун! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...