Аслияб гьумералде

КIудияб бергьенлъи щвела

КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун рукIиналъ.

 

Ислам бачIиналде цебе заманалдацин гьеб моцI гьединал пишаби жиндилъ гьариялдаса нахъе къараблъун рикIкIунаан, ай гьеб букIана рагъал ва тунка-гIусиял гьаризе хIатта КагIбаялда сверухъ бакIалда чан гьабизецин гьукъараб ункъабго моцIалъул цояблъун. Гьел пишаби гьари гьукъараблъунги зулкъагIида моцIалдаса байбихьулеб букIина, хIеж гьабиялъе сапарал ва Маккаялде къватIиса гIадамал рачIин гьелъулъ байбихьулеб букIиналъ.

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьасда аскIоб зоб-ракь бижидал Гьесул тIехьалда хъварал моцIазул гIадад анцIила кIиго буго, гьездаса ункъояб буго жиделъ рагъ-кьал гьабизе хIарам гьабураб, гьебги буго щулияб дин, гьел моцIазулъ нужеца нужедаго зулму гьабуге», - абун (сурату «ат-Тавба» 36 аят). ГIалимзабаз тIахьазда баян гьабураб кинниги, гьеб аяталдасан бачIунеб буго гьел хIарамал моцIаз гьабураб мунагь цогидаб заманалъ гьабуралда дандеккун кIудияблъун рикIкIунеблъи, гьеб заманалда гьарурал лъикIал гIамалазул кириги цIикIкIинабулеблъи.

ЗулкъагIида моцIалъул руго гIемерал тIадегIанлъабиги. Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна (магIна): Рагъ хIарамаб моцIалъ мушриказ рагъ гьабуни нужецаги гьезда данде рагъ гьабе ва нужее гьабуралда релълъараб жазаъги гьабе. Аллагьасул гIорхъаби хвезарураздаса къисасги босе...», - абун (суратул «Бакъарат» 194 аят). Тафсир гьабулел гIалимзабаз абуна гьаниб хасаб рехсей гьабураб моцI букIанин зулкъагIида. Щайин абуни, ГIикриса ибну ГIаббас ибну Анас Аз-ЗахIхIак Къатада гIадал чIахIияз абунин: «Гьаниб бицунеб буго, гьижрияб тарихалъул анлъабилеб соналъ, ХIудайбиялъул къотIи-къай гьабун хадуб, мажусияз Маккаялде лъугьине Аварагасе ﷺ ва асхIабзабазе квалквал гьабураб ва хадусеб соналъ гурони бусурбабазе хIеж гьабизе изну кьечIеб куцалъул.

Бусурбабазулги къурайшиязулги тунка-гIусиги ракълилаб къотIи-къай гьабиги ккана хирияб зулкъагIида моцIалъ. Гьединлъидал, Аллагьас ﷻ асхIабзабазул ракIазе рахIат хьезабуна цо хирияб моцIалда жидее камураб цогидаб моцIалда унго-унголъунги тIубазабизе бугин ва хIежалъул рукнабиги рукIине кколедухъ тIуразаризе ругин, гьединго, мушрикиназ гьабураб хиянаталъухъ гьезие бецIиги гьабизе бугин абун».

 

Щибха ккараб доб соналъул доб моцIалда?

ХIудайбиялъул рекъел гьаби абун гьабураб къотIи ккана зулкъагIида моцIалъул байбихьуда. Шаввал моцIалъул ахиралда МухIаммад аварагас ﷺ лъазабуна Маккаялде хIеж гьабизе ине ракIалда бугин абун, гьеб кколаан 628 соналъул марталъул байбихьи. ЗулкъагIидаялъул тIоцересел къоязде сапаралъе хIадурлъи гьаби лъугIана Аварагасул ﷺ ва Мадинаялдаса кIудияб караван къватIибе бахъана.

Бусурбаби рачIунел рукIинги лъан, Маккаялъул мушрикуназ хIукму гьабуна гьезие гIумра гьабизе течIого букIине ва Маккаялде нух къана. Би гIодобе тIунгутIизе гIоло Авараг ﷺ, цадахъ рукIаралгун, Маккаялдаса 24 километралъ рикIкIад бугеб ХIудайбия абулеб расалъиялда лъалхъана.

Гьеб бакIалда гьабун букIана ХIудайбиялъул къотIи-къайги.

Цо-цо бусурбаби байбихьуда дандечIун рукIана гьеб къотIи-къаялъул шартIазда, гьел нилъее дандеккарал гьечIинги абун. Амма Аварагасул ﷺ бищун гIагарав гьудул, Абубакар-асхIабас абуна: «Исламалъул тарихалда ХIудайбиялда ккаралдаса кIудияб бергьенлъи букIинчIо. Амма гIадамал беццлъун руго (унго-унгояб хIакъикъат лъаларо), гьезда бихьуларо МухIаммадидаги ﷺ гьесул БетIергьанасдаги гьоркьоб ккараб жо», - абун.

Абу ИсхIакъидасан бицун буго Ал-Бараица абунин: «Нужеца Макка бахъи бергьенлъилъун рикIкIунеб буго. Макка бахъиги бергьенлъилъун букIана, амма нижеца унго-унгояб кIудияб бергьенлъилъун рикIкIуна ХIудайбиялъул къоялъ гьабураб «БайгIату р-Ризван» (Разилъиялъул гьа бай)», - абун (Бухари).

ХIакъикъаталдаги, гьеб къотIи-къаялъул кIудияб магIна ккана доб заманалда гIарабазул чIинкIиллъиялда букIараб политикияб ахIвал-хIалалда жаниб. Гьеб хIасиллъун ккана бусурбабиги къурайшиязул жамгIияталда гьездаго ращадал гIахьалчагIи хIисабалда къабул гьариялъе. Жеги гьеб къотIи-къаялъ рес кьуна Маккаялда рукIарал бусурбабазеги рагьун жидерго дин гьабизе. Цоги, бусурбабаздаги мушрикуназдаги гьоркьор рукIарал тунка-гIусиялги лъугIана. Гьелъ рес кьуна гIадамазда исламияб диналъул цIикIкIун лъазе, гьелъул хIасилалда гIемерал гIарабазул къавмаз къабул гьабизе байбихьана ислам. ХIудайбиялда рагъ чIезабиялъул къотIи-къай гьабун хадуб кIиго соналда жаниб, исламалде гIадамал ахIизе байбихьаралдаса нахъе диналде рачIаразул гIададалдаса кIиго нухалъ цIикIун чияс исламги къабул гьабуна.

ЗулкъагIида гIадал хириял моцIазулъ цIикIкIун гIибадат гьабиялде ахIулел рукIана Аварагас ﷺ гIадамал. Хасаб кIвар гьабулаан гьел моцIаз кIал кквеялдеги. Абу Давудидасан бачIараб хIадисалда Аварагас ﷺ лъабго нухалъ такрар гьабун абулеб буго нужеца хириял моцIаз кIалал кквейин абун.

БетIергьанас ﷻ кумек гьабеги щивасе гьаб моцI хирияб гIамал гьабун, Гьев ﷻ разилъуледухъ тIобитIизе, хIежалде ине ракIалда бугезеги кумек гьабеги Аллагьас ﷻ гьеб сапаралъе хIадурлъи гьабизе ва къабулаб хIежги щун рукъалде руссине! Амин!

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...