Аслияб гьумералде

Ягьудиязул суалал

Ягьудиязул суалал

Цо къоялъ авараг мугьажирал ансаралгун гIодов чIун вукIаго, ягьудиязул къокъа бачIана гьезда аскIобе ва абуна: «Я МухIаммад , нижеца дуда цIехезе буго цо калимаялдасан, Аллагьас ГIимранил вас Мусаеги жиб кьураб, расуллъун витIарав аварагасе ялъуни жинде гIагарав малаикасе гурони жибги кьолареб», - ян. Аварагас жаваб гьабун гьездехун абула: «Гьеб как буго», - ян.

Нахъеги гьез абула: «Я МухIаммад , дур умматалда парзлъун тIадкъай гьабураб щуябго какалдасан бице», - абун. Аварагас абуна: «Къалъул как буго бакъ завалалде щвараб мех, жиндилъги кинабниги жоялъ БетIергьанасе тасбихI гьабулеб. Бакъани какил гIуж буго Адам аварагас доб гъветIалдасан кванараб заман. МаркIачIул какил абуни гIуж буго Адам аварагасдасан Аллагьас тавбу къабул гьабураб мех. Боголил как буго дида цере рукIарал расулзабаз балеб букIараб. Рогьалил как абуни, бакъ баккулеб мехалъ гьеб шайтIаналъул кIиябго лълъаралда гьоркьосан баккула, гьеб гIужалъ Аллагьасде капурав гурев чияс сужда гьабула», - ян. Хадуб ягьудияз абуна: «Дуца битIараб бицана, МухIаммад ».

«Гьел какал рарав чиясе бугеб кири щиб бугеб?» - абун цIехедалги, аварагас абуна: «Къадекакил гIуж буго жужахI боркьулеб заман. Гьеб как балев цониги муъминчи гьечIо, Аллагьас гьесие къиямасеб къоялъ жужахIалъул багIари хIарам гьабун гурони. Бакъаникак балесул мунагьал абуни, эбелалъ гьавураб къоялда релълъун рацIцIад гьарула.

МаркIачIул как буго Аллагьас Адам аварагасул тавбу къабул гьабураб гIуж, гьеб какги бан Аллагьасда гьарулев чи вугони, Аллагьас гьесие гьарараб кьола. Боголил как абуни, хоб буго бецIцIаб донкIо, Къиямасеб къоги бецIлъи буго, бецIаб гIужалъ какде хьвадун гьеб бараб чиясе Аллагьас цIадул гьели хIарам гьабула, гьесиеги сиратIалда хадуб жив цIалеб нурги кьола.

Рогьалил какил кири абуни, кIикъого къоялъ жамагIаталда гьеб баялда тIадчIей гьабурасе Аллагьас нипакъалдасан ва жужахIалдасан хвасарлъи хъвала», - ян. Гьелдаса хадуб ягьудияз аварагасда Рамазаналъ кIал кквеялъул цIехола, гьелъие гьарурал жавабазеги ягьудияз дуца битIараб бицана, МухIаммадан абула.

Хадуб гьез аварагасда абуна: «Цогиял аварагзабаздаса дурго хиралъи бице», - ян Гьелъие жаваб гьабунги аварагас абуна: «Цониги авараг гьечIо жиндир къавмалъе жинца дугIа гьабичIев, дица гьеб Къиямасеб къоялъ умматалъе шапагIат гьабизелъун нахъе тана». Гьеб мехалъ ягьудияз, гьанжеги дуца битIараб бицанинги абун, Аллагь цо ва МухIаммад авараг вукIиналдалъун нугIлъи гьабун, ислам къабул гьабула.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...