Аслияб гьумералде

ЛъикIабин квешабин къо-моцI букIунаро

ЛъикIабин квешабин къо-моцI букIунаро

ЛъикIабин квешабин къо-моцI букIунаро

Гьале Сафар моцIалде жанире лъугьана нилъ. ГIараб мацIалдасан таржама гьабуни, сафар абураб рагIиялъул магIна ккола «тIогьиллъи» ялъуни «тIогьилаб» абураб. Гьеб букIана гъутIбуздаса тIамхалги гъенон гIарабаз жидерго рукъзал толеб хасалихълъиялъул моцI. Гьединго, сафар моцIалда «сафар алмузаффар», «сафар ал-хайр» абула. Гьелъул магIна ккола талихIкьей, бажари, рахIатаб бетIербахъи гьаби абураб.

Гьединаб цIар сафар моцIалъе исламалъул байбихьудаго щвана. Гьединаб цIар лъезегIан сафар моцI, гIадамазул мекъаб пикруялда рекъон, талихI гьечIеб, балагьазул моцIлъун букIана. Гьеб сабаблъиялдалъун чIахIиял къотIи-къаял, ригьнал ва гьезда релълъарал кIвар бугел ишал гьарулароан гIарабаз. Авараг вачIиналдалъун гьел гIадатал хвезаруна.

БатIалъи гьечIо, къо букIа, анкь букIа, моцI букIа - гьел киналго инсанасе квешаллъунги лъикIаллъунги Аллагьасе бокьиялдалъун лъугьуна. Гьел гIужазда инсанас лъикIал гIамалал гьаруни, киналго къоял гьесие талихIаллъун рукIуна, квешлъаби гьаруни, Аллагьас гIазабги гьабила.

Нилъеда лъала хасс гьабун жиделъ лъикIал гIамалал гьаруни кири гIемерго цIикIкIунел лъикIал моцIалги къоялги рукIин. Амма нилъеда кIочене бегьуларо лъикIал моцIазулъ ва къоязулъ гьарурал лъикIлъабазухъ кири цIикIкIунебго гIадин, квешлъабазухъги гIазаб цIикIкIунеблъи.

Жакъа бусурбабазда гьоркьор руго сафар моцIалъул цере рукIарал гIадатазда божулелги. Унго-унгоял бусурбаби гьединал жалазда божичIого, лъикIал гIамалазде руссине ккола. Сафар моцIалда хурхинарулел квешал гIадатазе ва гIаламатазе аслуго гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас сура «Ат-Тагъабуналъул» 11-абилеб аяталда абулеб буго: «Инсанасде цониги къварилъи щоларо Аллагьасул изнуялдалъун, Гьесул хIукму-къадаралдалъун гурони», - ян. Аварагасги абун буго: «Сафар моцIалъулъ квешал гIаламатал гьечIо», - ян.

Къуръаналъул аяталдасанги хIадисалдасанги бичIчIула цо-цо гIадамаз сафар моцIалде гIунтIизарулел квешал ва гIантал гIадатал гьересиял рукIин. Амма нилъер заманалдаги бусурбабазул цо-цоял гьел мекъал жалазда божулелги руго. Гьединаз абула сафар моцIалъ гьабураб ригьнада баракат букIунарин. Гьединго абула сафар балагьазул ва къварилъабазул моцI бугин. Дицайин абуни абила, сафар моцIалъ гьал цере рехсарал жал гьаризе тIадеги лъикIаб бугин. Щайгурелъул, квешал гIадатал хвезари кири бугел пишабаздасан кколелъулха.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...