Аслияб гьумералде

ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

МухIаррам ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал Ибрагьимил заманалдаго хIурмат гьабулеб букIараб, Къуръан-хIадисалъ жиндир хиралъи бицараб моцIазул цояб.

 

Гьединлъидал щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе ﷻ тIагIат цIикIкIун гьабун, хIалкIвараб къадаралъ квешлъи рехун тун нухда тIобитIизе. ТIадежоялъе гьеб моцI лъагIалил байбихьиги кколелъулха.

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Гъазалияс «ИхIяъалда» хъвалеб буго: «МухIаррам моцI соналъул байбихьи кколелъул, гьеб лъикIлъиялда тIобитIани, гьелъул баракат хутIарал моцIазде бахиналдеги хьул буго», - ян.

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Нававияс «Заваиду Рравзаталда» хъвалеб буго: «ХIурматиял моцIазул кIал кквезе бищун хирияб моцIлъун ккола МухIаррам», - абун. Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб Муслимица бицараб кьучIаб хIадисги буго: «Рамазан моцIалда хадусеб, кIал кквезе бищун хирияб моцI Аллагьасул ﷻ МухIаррам буго». Гьединлъидал тIубараб МухIаррам моцIалъ кIал кквезе суннатаб буго.

ТIубанго моцIалъ кIал ккун бажаруларев чияс хамиз, рузман, гьатIан къоязниги кIал кквезе жигар бахъизе ккела. Щибаб моцIалъул итни, хамиз къояз кIал кквезеги суннатаб буго. Гьебги бажаричIони, моцIалъул авалги, бакьулъ бугеб къоги, ахирниги кквезе ккела. Хасго МухIаррам моцIалъ кIал кквезе беццараб къолъун ккола ГIашура къо. Имам Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Нилъер хирияв Аварагас ﷻ абулаан: «ГIашура къоялъ ккураб кIалалъ араб лъагIалил мунагьал тIаса ккезарула», - ян. Гьединго кквезе суннатаб буго МухIаррамалъул ичIабилеб къоялъги. КьучIаб хIадисалда абулеб буго: «Дун тIасияб сон тIаде щвезегIан чIаго хутIани, дица ГIашурадул цебесеб къоялдаги кIал кквейилан амру гьабизе буго», илан. Гьединго ГIашураялъул хадусеб къоялъги кIал кквезе суннатаб буго, гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадисги буго. ГIашура къоялъ рукъалъул агьлуялъе квана-гьекъезе жо, ретIел-хьит босун гьел рохизаризеги, гьезие гIатIилъи гьабизеги суннатаб буго. Гьедин гIатIилъи гьабурав чиясе, тIадегIанав Аллагьас ﷻ тIубараб лъагIалица гIатIилъи гьабизе бугилан бицунеб буго хирияб хIадисалда.     

ГIашура къоялъ гIицIго кIал кквеялда къокълъичIого, цогидабги тIагIат гьабизе, Къуръан цIализе, салат битIизе, мискин-пакъиразе садакъа гьабизеги суннатаб буго. Гьеб къо ккола ТIадегIанав Аллагьас Адам аварагасул тавбу къабул гьабураб, Идрис Алжаналде вачараб, НухI гамидаса рещтIараб, Ибрагьим цIаялдаса хвасарлъараб, Мусаде Таврат рещтIараб, ФиргIавн гъанкъараб, Муса авараг гьесдаса хвасарлъараб, туснахъалдаса Юсуф авараг къватIиве вачIараб, Давуд аварагасул мунагь чурараб, Сулейман аварагасухъе ханлъи тIадбуссараб ва цогидалги хиралъаби ругеб къо.

 

МухIаммад-гIариф Рамазанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...