Аслияб гьумералде

Унти-Аллагьасул салам

Унти-Аллагьасул салам

Хасалихълъи ва хасел ккола инсанасул чорхолъ тIасаго унарел унтаби рагъа-рачарулеб, хIалуцунеб заман. ГIемерисел гIадамал унтулел руго ва гьелъ гьезул психикаялъе заралги гьабулеб буго. Унтидал цо-цоял къварилъахъдула, цогидал кантIула ва гIумруялде батIиял бераздалъун ралагьула.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Гьаб дунял буго захIмалъабазул цIураб донкIо ва рекIелъ иман бугев, шаргIалъул нух кколев чиясда гьеб бичIчIула. ГIадада гурелъул хIадисалдаги бугеб, гьаб дунял муъминчиясе туснахъ бугин абун.

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дица нужер хIалбихьи гьабила, я гьал муъминзаби, дагьабго жоялдалъун: хIинкъиялъул рахъалъан, яги ракъизарун, яги къечезарун, яги нужер боцIи тIаса инабун, нужее бокьарав чи хвезавун, нужер пихъал дагь гьарун. Гьаб хIалбихьи гьабураб мехалъ жидеца сабру гьабурал гIадамазе дуца кIудияб рохел бице, МухIаммад : ахираталда кири ва алжан букIине бугин абун. Гьел гIадамазда бице рохел, цо къварилъи щвараб мехалъ абулел: «Ниж, нижер хъизан-боцIигун цадахъ Аллагьасул милк буго, жиндие бокьараб хIукму нижее гьабулев ва жиндие бокьухъин гьеб хIукму тIубазабулев. Ахираталда ниж киналго Аллагьасде руссине руго хIисаб, мизан ва жаза гьабизе», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 155-156).

ТIадегIанав Аллагьас , балагьал рачIиндал, нилъ сабру ва Гьесие шукру гьабиялде ахIулел руго. ТIаде рачIарал унтабазе ва захIмалъабазе сабру гьабуразе Аллагьасул рахъалдасан кIудияб кириги букIуна. Амма гIайибал чIван зигардулел ругони, щвезе букIараб ажруялдасаги мукъсанлъила ва жеги тIаде, Аллагьасул къадаралде разилъунгутIиялъе гIазабги букIина.

Унтаби риччан, гьел сах гьаризе сабабал кьун, Аллагьас нилъер хIалбихьиялъулъги кIудияб хIикмат буго. Гьединго нилъеда лъала мунагьал гьаруразеги Аллагьас гьебсагIаталдаго рес кьола тавбу гьабун ва гьелда хадуб лъикIал гIамалал гьарун гьел чуризеги.

Аллагьас лагъзадерил хIалбихьула балагьалдалъун ва хасал малаикзаби ритIун гьезие кумекги гьабула. Гьединлъидал унтаби тIаде рачIарав чияс гьеб сах гьабизе сабабал тIалаб гьаризе ккола. Унтаби ритIулевги Аллагь вугин, гьел Гьес нахъеги росулин абун, щибго сабабги хIалтIизабичIого вегун чIейги инсанасул тохлъиялдасан гьечIищ!? Унти сах гьабизелъун лъикIав тохтур тIаса вищиги суннаталдасан буго.

«Аварагасул заманалда цо чи лъукъун вукIана ва гьесул ругънада биги бетун букIана. Цинги аварагас бану ГIамар тухумалдаса кIигоявги ахIун гьикъана: «Нужер кинасда тохтурлъиялъул иш цIикIкIун лъалеб?» - илан. Гьезул цояс абуна: «Дараби гьекъезе бегьулищ?» - илан. Аварагас абуна: «Унтаби рижарас гьелъие даруги бижана», - ян.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...